ДУН КУДАЛИССА ВУГО دۇن كۇدالێصا وۇڬۈ

ДУН КУДАЛИССА ВУГО دۇن كۇدالێصا وۇڬۈ

Дун Кудалисса вугоدۇن كۇدالێصا وۇڬۈ

Жендер мацIцIги хIоде томо цоги мацIцIалъ кIалгьанев чи, ахиркъадги гьезде ссвериня.

جېندېر ماڞڬێ حۈدې تۈمۈ ښۈڬێ ماڞاڷ گالهانېو چێ، اخێرقادڬێ هېزدې صوېرێنيا.

Коделдерил мацIцIалъул

Коделдерил мацIцIалъа гьечIо "лI" гьаракьги, "лъ" - гьаракьги, "х" гьаракьги. Гьелъ болмацIцIалъул рагIабазда "лълъ" хъванеб мехалъ "лъ" хъваде бегьла, "хх" хъванеб мехалъ "х" хъваде бегьла. "тI" гьаракь ругел рагIаби дагьго руго, буго "пI" гьаракьги, "дж" гьаракьги.

Масала, болмацIцIалъул рагIи рилълъине коделдерил мацIцIалъа хъваде бегьиня релъенде йилан, болмацIцIалъул махх хъваде бегьиня мах илан, щибидегурелъул болмацIцIалъул мах коделдерил мацIцIалъа магь ккена.

 

Дун кидаго вукIинягIан, щимо дай болмацIцIалъа "лъар" абинеб, коделдерил мацIцIалъа "гьар" абинеб, цинги "лъим" болмацIцIалъа гIадин нежеццаги "лъим" абинеб. Цо нугьалъ Атаевассул макъала цIцIалинеб букIана дицца, гьесс доба хъван батана гIандалазул мацIцIазда гьечIин "лI", "лъ" гьаркьал. 


Гьеб мехалъ дида бичIчIана щимо лъар гьар бугеб, лъим гьединго лъим 

бугеб, щибидегурелъул лъим рагIулъ "лълъ" гьаракь буго, дида гьаняро щимо цо "лъ" хъванеб кисса-кебего. Дун болмацIцIалъа хъвадаринев мехалъ дицца гьанже  "лълъ" хъваня, цо-цоял рукIиня дуцца мекъи хъванеб бугин, оццебе дидаги гьеб гьанярого букIанаха, гьанже гьанеб буго, гьездаги гьанярого батлаха. 


болмацIцI - коделдерил мацIцI


лI - лълъ

лIар - лълъар, лIвартIизе - лъвартIде, лIини - лъини, лIугъур - лъугъур, лIугьине - лъугьде, лIугIизе - лъугIде, лIулIазе - лъулъаде, лIутI - лъутI, нилI - нилъ, нилIер - нелъер

лъ - гь

лъар - гьар, лъалкI - гьакI, лъазе - гьаде, лъабго - гьабго, лъедераб - гьедераб, лъезе - гьеде, лъел - гьел, лъен - гьен, лъилъизе - гьилгьде, лъилъаризе - гьилгьарде, лъимал - гьимал,  лъор - гьор 

лъ - лгь

ралъад - ралгьад, белъараб - белгьараб, болъон - болгьон, лъелго - гьелдго, кIалъазе - кIалгьаде, ​лъилъизе - гьилгьде, лъилъаризе - гьилгьарде, налъи - налгьи, нилъу - нилгьо, релъен - релгьен, белъараб - белгьараб

лъ - л

лълъалъазе - лъаладе, лълъелъ - лъел, лълъолъохьон - лъолохьон, бакIлъи - бакIли, балъго - балго, лъоб - лаб, белъине - белде, бигьалъи - бигьали, гьалъабеле - гьалабеле, кидалъизегIан - кидалдегIан, кьаралъи - кьарали, кьаралъизе - кьаралде, цолъизе - цолде, лъоба - лоба, нилъ - нил, малъ - мал, щулалъизе - щулалде

Белъине рагIи коделдерил мацIцIалълъа белде ккенеб буго, 

белъараб - белгьараб ккенеб буго. Гьан белдеБелгьараб гьан.

Ралъад - ралгьад. Берценаб ралгьад буго. Рилъа ралдале.

Цоги мухIкали буде ккенеб жо, болмацIцIалъа буго "х" гьаракьги, "хх" гьаракьги. Гьеб "х" гьаракь гьечIо коделдерил  мацIцIалъа, цо-цо мисалал рачла дицца:
болмацIцIалъа абинеб куц - коделдерил мацIцIалъа абинеб куц: 


х - ⁧ гь
нух - нугь, нах - нагь, ах - агь, мах - магь, бахине - багьде, тIамах - амагь, ниха - нигьа, тIелех - илигь, 
хвах - гьагь, тIох - огь, тамахаб - тамагьаб, нухи - ногьи.


х - гъ:
михир - мигъир, сахаб - сагъаб.

х - хъ:
бахине - бахъде, хисизе - хъисде, хапизе - хъапде

х - хI:
рахазе - рахIаде, хоб - хIоб, хвезе - хIоде, херав - хIерав, хоно - хIоно, 
хур - хIур, чвалхезе - чолхIеде, цIцIаха - цIцIахIа.

Жеги-жеги гьединял мисалал ратла.

Коделдерил мацIцIалъа "тI" гьаракь ругел рагIаби дагьго руго.

тI - ъ

бетIер - бел'ер, бетIербахъизе - бел'эрбахъде, бурутI - бул'ур, ратIа - рал'а, ретIел - рел'эл, тIамах - амагь, тIагъур - угъур, тIагIел - агIел, тIад - ад, тIала - ала, тIамач - имич, тIарад - арада, тIатараб - атараб, тIелех - илигь, тIеренаб - эренаб, тIехх - эх, тIехI - эхI, тIехь - эхь, тIи - и, тIил - ил, тIикъва - окъи, тIимугъ - имогъ, тIин - ин, тIинк - энк, тIину - ино, тIирщи - ищи, тIобитIизе - обитIде, тIогь - огь, тIокъ - окъ, тIокI - окI, тIокIаб - окIаб, тIом - он, тIокIкIараб - окIкIараб, тIоноцIцI - опоцIцI, тIорщел - орщел, тIор - ор, тIорахь - орахь, тIох - огь, тIоццебе - оццебе, тIубазе - обаде, тIупизе - упде, тIутI - ул (тIабакI),

СалтIа - Сала


тI - гь

ретIине - регьеде, тIокъо - гьокъо


тI - л

батIаго - баладго, батIияб - баладаб, бетIергьан - белегьан

Цоги мисал "х"-ги, "хх"-ги гьаркьазул.
БолмацIцIалълъул "тамахаб" абинеб рагIи коделдерицца абиня "тамагьаб", ценги болмацIцIалълъул "хинаб" коделдерицца гьединго "х(хх)енаб" абиня,  гьеб рагIулълъ "хх" гьаракь буго, гьелъ хъваде ккена "хенаб". Дида СагIидовалълъул рагIироялъа гьедин хъван батана. Гьей йиго магIарул мацIцIалъул гIалимчIчIужу.
БолмацIцIалъа хъваде ккена "тамахаб", "ххинаб", коделдерил мацIцIалъа хъваде ккена "тамагьаб", "х(хх)енаб".

 

Цоги мисал:
хъизан - х(хх)изан, болмацIцIалъа хъизан абиня, коделдерицца х(хх)изан абиня, коделдерил х(хх)изан рагIулъ 
болмацIцIалъул "хх" гьаракь буго.

Масала, болмацIцIалълъул мах - коделдерицца абиня магь, болмацIцIалъул махх - коделдерицца гьединго мах(хх) абиня.

Цоги мисал:
болмацIцIалъул мех рагIулъ буго "хх" гьаракь, цинги болмацIцIалъа хъваде ккена мехх, коделдерил мацIцIалъа мех(хх) хъваде ккена дида гьаняро щимо мех хъванеб, коделдериццаги мех(хх) абиня, ай гьеб мех(хх) рагIулъ "хх" абун, цинги кодердерил бахчде рагIулъ гьебго болмацIцIалъул "хх" гьаракь буго, ай гьединго мех(хх) гIадин бах(хх)чде хъваде ккена, гьединал мисалал гIемер ратла, хасел - х(хх)аселхан рагIулъги дида "хх" гьаракь рагIинеб буго, гьединго махщел рагIулъги "хх" гьаракь буго - мах(хх)щелахбазан - ах(хх)ссан, цоги-цоги гьединял мисалал ратла гIемерал. Пал-хIассил: болмацIцIалъул хх гьаркьие кIиго хх хъвала, коделдерил мацIцIалъул хх гьаркьие цо х  хъваде ккена,  масала, болмацIцIалъул мех(хх) рагIулъ буго хх гьаракь, амма хъванеб буго мех (гьединаб гIантаб хIукму буна гIалимзабаз), болмацIцIалъул махх коделдерил мах(хх).

Цо мисал буго "х"-ги, "хх"-ги гьаркьазул.

БолмацIцIалъа руго рагIаби их ва их(хх), кIиго баладаб магIнаялъул рагIаби, гьеб киябго рагIи коделдерицца их(хх) илан абиня, кIиго баладаб магIнаялъул рукIаниги. Гьединял рагIаби гьемер руго, масала, нус - цо магIна къотIинеб жо, цогидаб -  васассул яги ваццассул чIчIужу.

Коделдерил мацIцIалъа руго "ж" гьаракьги, "дж" гьаракьги. Киналго гIараб рагIабазулъ "дж" гьаракь ругел рагIаби коделдерил мацIцIалъа гьединго абиня, болмацIцIалъа "ж" абиня. 
Масала: джаваб - жаваб, джамагIат - жамагIат, джин - жен, гоцидалги гьединял мисалал гIемерал руго.
Ценги руго коделдерил мацIцIалъа рагIабиги "дж" гьаракь ругел, масала гьанже - гьанджежух - джухI. Гьел коделдерил "дж" гьаракь ругел рагIаби дагьал руго.

б - пI:

кьабизе - кьапIде, убач - пIачч

чч - дж:

ччугIа - джугIа

ХIалтIуцIцIаразул ахиралъа хъваня -де

хIалтIизе - хIалтIде, кIалъазе - кIалгьаде, хъвадаризе - хъвадарде ...


Цо-цо къокъал хIалтIуцIцIаразул ахиралъа  -мо


бан - бамо, гъун - гъумо, гьабун - бумо, гIун - гIумо, кун (квине) - комо (конде), ккун (ккезе) - ккомо (ккеде), ккун (кквезе) - ккумо (ккоде), къан - къамо, къун - къомо, кьун - кьомо, кIун - кIомо, кIкIван - кIкIвамо, лъан - гьамо, лъун - гьомо, пун - пумо, ссун - ссомо, тун (туйзе) - тумо (туде), тIун - тIомо (тIеде), тIун - тIумо (тIуде), ун - омо, хун - хIомо, ххун - х(хх)умо, хъван - хъвамо, хъун - хъомо, хьан - хьамо, хьван - хьвамо, хIан - хIамо, цун - цумо, цIун - цIумо, цIцIан - цIцIамо, чIван -чIвамо, ччун - ччумо, чIчIун - чIчIомо, щун - щомо.         


"ф" хIарпалъулги бицлин гьанже.


Маарул мацIцIалъа "ф" хIарпги гьаракьги гьечIо, "ф" харп ругел гIараб мацIцIалъул рагIаби ццерего маарул мацIцIалъа руго гIурус мацIцI анибего бегьлалъер. 


Гьел "ф" хIарп ругел гIараб мацIцIалъул рагIаби нелъер умумуз "п" хIарпалъ цIцIалиняан, жибго хIарп рагIиги гIараб мацIцIалъул хIарф рагIи буго. Нелъеццани хIарп абинеб буго, хаду-хадуги абде буго. 


Гьанже цо "ф" хIарп бокьинеб къокъа баккун буго, хIарфилан, фикруйилан, тавфикъилан, цогидал гьезда ралъарал рагIаби "ф" хIарпалъ цIцIалинел. 


Цо суал букIиня дир гьездехун, щимо ноже гIараб мацIцIалъул цохIо "ф" хIарп бокьинеб? Щимо нуже цогидал гIараб мацIцIалъул хIарпал рокьинярел? 


Масала, гIараб мацIцIалъул зикру ذكر рагIулъ ذ гьаракь буго маарул мацIцIалъа гьечIеб, щимо гьеб рагIи ножер къагIидаялъа битIун цIцIалиняреб? 


Яги ارث рагIулъги буго маарул мацIцIалъа гьечIеб ث хIарп, щимо гьеб рагIи битIун цIцIалиняреб? 


Яги ظلم рагIулъги буго маарул мацIцIалъа гьечIеб ظ хIарп, щимо гьеб рагIи битIун цIцIалиняреб? 


Дицца "ф" хIарп бокьинев чияссда гьикъун букIана, щимо дуцца "ф" хIарп цIцIалинеб бугеб, щимо дуцца цогидал дицца рехссарал хIарпал цIцIалиняреб? 


Гьесс дида абуна, щибидегурелъулила кирил алипалъа гьел цогидал дицца рехссарал хIарпал гьечIила. ВахI, ценги щибиха элъул магIна ккенеб?  


Пал-хIассил, нелъецца "ф" хIарп цIцIалде ккенаро, дида ракIалъа буго дир мунагьал чураяй кIудабацца шипер, шопир, панар,....абиняан. 


Нелъеццаги умумуз гIадин хIарп, тавпикъ, питна, патва, пикъгьи, пикри, ...... цIцIалде ккена "п" хIарпалъ.


Маарул мацIцIалъа кIалгьанел мехалъ "п" хIарпалъ  цIцIале, гIараб мацIцIалъ кIалгьанел мехалъ "ф" хIарпалъ цIцIале.



Коделдерил кирил алип


а, б, в, г, гв, гъ, гъв, гь, гьв, гI, д, дв, е (йэ), ё (йо), ж, жв, дж, з, зв, и, й, к, кв, кк, ккв, къ, къв, кь, кьв, кI, кIв, кIкI, кIкIв, л, лъ (лълъ), м, н, о, п, пI, р, с, сс, ссв, т, тI, у, х (хх), хв (ххв), хь, хьв, хI, хIв, ц, цц, цI, цIцI, цIцIв, ч, чв, чч, ччв, чI, чIв, чIчI, чIчIв, ш, щ, ъ, э, ю (йу), я (йа)

Маарул мацIцIалъа  5 рагьараб гьаракь буго - а, и, о, у, э.

Рищарал رێۺارال

ДандчIвай

   ДандчIвай Нуцалав  – Салам гIалайкум ГIумалав ГIумалав  – Ва гIалайкум салам Нуцалав Нуцалав  – Щиб хIал бугеб дур? Ццевегоялълъасса нахъ...

ТIиритIарал طێرێطارال